Тема 8. АВАР ЛИТЕРАТУРА МАЛЪИЯЛЪУЛ
ЦО-ЦО СУАЛАЛ

 

1. ПасихIго цIализе малъи

Байбихьул классазда гIезегIан кIвар кьола текст битIун, бичIчIун, чвахун ва берцинго цIалиялде. ЛъикIаб хIалбихьиялъул ва махшалил учительзабазул цIалдохъаби гьеб рахъалъ гIураб бажаригун рачIуна ункъабилеб классалде. Амма гьениб текст пасихIго цIалиялде гIураб кIвар кьоларо. ПасихIго цIалиялъул кIвар кигIан кIудияб букIаниги, тIасиял классазул гIемерисел учительзабазги гьеб рахъ хашго тун батула. Цо-цо учительзабазулгун ккараб гара-чIвариялда баянлъана пacиxlгo цIалиялъул магIна гьезда мухIканго бичIчIулеб гьечIолъи. Лъималаз текст дурун гъалатI биччачIого борхараб гьаракьалда цIалани – гьеб рикIкIунеб буго пacиxlгo цIалилъун, xlaттa жидецагоги мисалияб цIали гьабулелъул авторасул рагIаби, героязул калам – кинабго цого гьаракь-бакъаналда, логикияб ударениялъул агъазго гьабичIого, рухсун цIалун биччан толеб буго. КигIан бокьичIониги, гьеб гIунгутIи батула тIадегIанаб филологияб лъай бугел учительзабазулги. Учительзабаз жидецагоги пасихIго текст цIалулеб букIарабани, лъималги гьездасан мисал босун, ругьунлъун инаан пасихIго цIализе. Щиб кколеб пасихIаб цIали? ПасихIаб цIали кко­ла цIалулесда бичIчIараб ва рекIелъе бортараб куцалъ автора­сул пикру ва асар гьес гIенеккаразда рагIизаби. ПасихIго цIалулелъул художествияб тексталда pyхI лъезе, героязул гьаракь-бакъан чIаго гьабизе, авторасул рекIел цIаялъул яги циидал карачел гIенеккаразде гьулчизе ккола. Гьеб буго пасихIаб цIалиялъул батIалъиги. Лъимал релъанхъиялде рачIун, цо-цо учительзаби нечолел руго, гьаракь-бакъан хисизабун, художествияб тексталда pyxI лъезе:

Багьанаги батула – жал артистал гурилан. Лъималги жидерго «артистлъиялда» гьалмагъзаби релъанхъилилан пacиxlгo цIализе «хIинкъулел» руго. Гьеб мекъаб пикруялъе ахир лъезегIан, цIалдохъабазул пасихIаб цIалиги лъугьунаро. Лъабкъойиде rlaгарун соназ школазда литература малъарав машгьурав учитель А.М. Топоровас хъвалеб буго: «Школалда литература малъиялъул мурад ккола гIолилазул гьелдехун рокьи бижизаби. Гьеб мурад тiубазе ккани живго педагог ракIракIалъго художествияб рагIухъ гIашикъав чи вукIине ккола. Гьеб гIишкъу-рокьи гуребги, къваригIуна гIурхъи гьечIеб жигарчилъиги, тIехь цIализе махщелги». Учительлъун вахъун хадув жив гьаракь-бакъан къачIазе, художествияб асар пасихIго цIализе лъазе къваригIун театралъул режиссеразухъе, гьунар тIокIал артистазухъе, театралияб институталъул преподавателазухъе ругьун гьавеян гьарун гIeмер хьваданилан ва гьездаса дарсал росанилан бицунеб буго А. М. Tопоровас. ПасихIго цIализе гьунар гIураб мехалъги, гьев лъималазе тIехь цIализе щибаб нухалъ тIад чIун хIадурулев вукIана. Гьеб буго лъималазда цебе жиндирго жавабчилъи бичIчIарав ва жицдирго махщалил къадру цIунарав гIадатияв учителасул хIалтIудехун бугеб бербалагьи. Авар литература бачунев чан учителасха дарсиде хIадурулаго, кин кколебали хал гьабизе цониги нухалъ пасихIго жиндиего малъизесеб текст цIалараб? Ниж хал гьабизе щварал районазул школазда гьединав учитель къанагIат ватана. Гьелъ буго ункъабилеб-микьабилеб классазул цIалдохъабазда гьоркьоб пасихIго цIалулезул къадар гьабсагIат 17% проценталдаса цIикIкIунаребги. Гьеб пашманлъизе ккараб хIужа буго. ПасихIго цIалиялде кIварги кьун, хIалбихьиялъул дарсал гьарурал классазда гьеб къадар лъалаго цIикIкIана.

Текст гъваридго бичIчIанагIан лъималазда кIолеб буги данде кколеб гьаракь-бакъан тIаса бищизе, героясул рекIел xlaл загьир гьабун, асар цIализе. БукIаниги, хIалбихьиялъул классаздаги гIемерисел цIалдохъабазда кIвечIо пасихIго текст цIализе асаралъул аслияб магIнаялдаги, авторасул рекIел хIалалда жал хадур гъун рукIаниги, пacиxlгo цIалиялдалъун гьеб загьир гьабизе гьунар гIечIо. Амма рохизе ккараб жо буго хIалбихьиялъул классазул киналго лъималаз пасихIго текст цIализе жигар бахъи. Бицана аваданго-разиго, пашманго, ургъалилъ, виххи, вохи бихьизабун цIализе кколел бакIал, амма цIалулелъул paгIaбазда рухI лъун бажаричIо. Гьелъ бихьизабуна пacиxlro цIализе ругьун гьари цо лъагIалил болжалалда рагIалде щун тIубазе кIолеб масъала гьечIолъи. Гьелъие лъимал ругьун гьаризе ккола тIоцебесеб классалдаса байбихьун школа лъугIизегIан. ПасихIго цIализе хасго тIадчIун лъимал хIадуризе лъикIаб буго ункъабилй классалда. Гьеб гIелалъ хехго ва битIун босула учителасул малъ, гьел гIураб къадаралда ругьунлъун рукIуна дурун цIализе. ПасихIго цIализе цIалдохъаби ругьун гьаризе бегьула гьадинаб там тибалда:

 Текст малъилалде цебеккун гъалатI ккезе бегьулелщинал рагIаби рагIул дандраял цIализе ругьун гьарула. Учителас тексталда гъорлъа рищула цIализе лъималазе захIмалъи бугел рагIаби ва рагIул дандраял. Цин цебе учителас жинцаго бихьизабила гьел рагIабазул хъваялъулъги цIалиялъулъги бугеб батIалъи, литературияб нормаялда рекъон цIалила, хадуб цIалдохъабаздаги цIализабила ва битIун цIализегIан такрар гьабизе тIамила. Лъималазул цIали магнитофоналъ хъвани лъикIаб буго: гьелъ щибаб гьалатI мухIканго ккола ва тIадруссун хьачIго биччан гIенеккизе бегьула Ахиралда цIализе тIамизе бегьула цIикIкIун гъалатI кко­лел цIалдохъаби. Гъезулги цIалиги хъвала ва хадуб киназдаго рагIизе биччала. ЦIалдохъабазе рес щола жидерго гьаракь, цIа­ли цIидасан рагIизе. (Баянаб жо буго цIалулеб, кIалъалеб мехалъ нилъеда нилъерго гьаракь лъикIго рагIулареблъи ва гъалатI кквезе захIмалъулеблъи). Магнитофоналъ гъалатI ккола бацIцIадго ва мухIканго. Гьебмехалъ цIалдохъан щаклъуларо жинца гьедин цIалун батилилан. ЦIализе тIамизе ккола хьачIунги дурунги. Хадуб рачIина алфазал ва предложениял цIалиялде. Ругьунлъиялъе цIализе кьезе лъикIал руго кицаби, бицанкIаби, кочIол куплетал. Ахир рачIина тексталъул, кочIол тIаса рищарал кIвар бу­гел бакIал пacиxlгo цIализе ругьун гьариялде. ЦIалдохъанас гъалатI биччани, гьеб битIизабизе тIад вуссинавила гIицIго предло­жение цIалун лъугIараб мехалъ. ГIемерисезул гъалатI кколел рагIаби лъималаз чанцIулго такрар гьарила. Гьединго героязул каламги пасихIлъи гIезегIан тIатIаруссун цIалила. Лъимал пасихIаб цIалуе ругьун гьарулелъул, пайда босизе лъикIаб буго живго авторас, гьунар бугев артистас художествияб текст цIалулеб куналдаса. Ункъабилеб классалда гъваридаб куцалда аслияб пикру загьирлъуледухъ художествияб цIали цIалдохъабаздасан тIалаб гьабизе ккеларо, амма жидеда асаралъул аслияб мурад бичIчIараб даражаялда, бажарараб куцалда героясул рекIел хIалги ба­ян гьабураб битIараб пасихIаб цIали цIалдохъабаздаса тIалаб гьа­бизе тIадаб буго. ХIажатаб гьаракь-бакъаналда пасихIго цIалун бажарула гIицIго рекIелъ босун жинда лъикI бичIчIараб текст. Гьединлъидал пасихIаб цIалиялъе чара гьечIеб буго тексталъул магIна гъваридго бичIчIи. Гьебги хIисабалде босун, пасихIаб цIалиялде рачIина асаралда тIад гьабулеб тIолабго хIалтIи лъугIараб мехалъ. Гьебмехалде щвезегIан битIун, дурун цIалиялде кIвар кьун суалиял ва ахIул ишараби ругел предложениял цIалулаго, гьикъул ва рохел-пашманлъиялъул магIна кьоледухъ цIализе тIамун, пасихIго цIалиялъе хIадуризе ккола. Декламация гьабиялъул, ролазде бикьун цIалиялъул аслияб мурад букIине ккола калам чIаго гьаби, пасихIлъи гIезаби. Ункъабилеб классалда рекIкIехъе лъазабизе кьола микьго батIияб асар (яги гьезул) бутIаби. Гьелъул мурад буго: а) лъималазул ракI цIодор гьаби; б) рекIехъе лъазабураб асар пacиxlгo бицине бажари. Асар рекIехъе лъазабулеб къагIидаялъул гIатIидго бицинчIого, гьаниб бицун тезин рекIехъе асарал цIалиялъулъ цIалдохъабаз биччалеб гъалатIалъул. РекIехъе кечI рикIкIине яги хабар бицине вахъинавурав цIалдохъанас жигар бахъула тIва-р-р-р-а-ан цого хIухьлада кьвагьун биччазе. Учителас тIалаб гьабула «Муса, мун киве гIедегIарав? ГIодове виччан бице» – ян. Бицуна гIодове виччанги, амма рухсунги, хьачIунги, гьаракь борхунги, сасунги батIи-батIияб асар загьир гьабун, цIализе тIамиялъул тIалаб гьабуларо. ХIажатаб гьаракь-бакъаналда героясул рекIел хIал загьир гьабун, кечI рекIехъе рикIкIине тIадчIун малъулел учительзабазул дарсида бихьула пасихIго цIалиялъул тIокIлъи. Гьенив учитель дирижерлъун вукIуна, лъимал художествияб калам чIаго гьабулел «артисталлъун» лъугьуна. ШигIруяб асар пacиxlгo peкIкIехъе цIализе бегьула цо-цоккунги, кIи-кIиккунги, кьералккунги, цадахъго классалъги яги декламациялъул формаялда. Хабарияб асар пасихIго цIалиялъулъ гIемерал цIалдохъаби гIахьал гьаризе бокьани, тIаса бищизе ккола ролазде бикьи. КочIолгIадин coкIалаб цо ккураб чвахи хабарияб асаралъул букIунарелъул, ролазде бикьун гурони, цадахъ пасихIго цIализе гьелъул санагIат букIунаро. Гьебги хIисабалде босун, хабарияб асар пacихIго цIалулаго хасго кIвар кьела щивав героясул каламалдалъун гьесул хIал, гIамал-хасият загьирлъуледухъ абизе лъимал ругьун гьариялде. Гьединлъидал учителас пacиxlгo цIализе босулеб тексталда хIажатал ишараби гьарула ва гьезда рекъон лъималазул цIалиги тIобитIула.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»